АЛЛАГЬУ
я АЛЛАГЬ Иман я АЛЛАГЬ, Иман босугеги рух! босаниги..Дунялго гвангъарав
Къут!бул Авлияъ, Къанщаралищ берал Саг!ид Афанди, Г!аламалде щвараб
иллагьияб нур, Аравищ нижги тун Мун алжаналде.. Мун накълолъанилан хабар
раг!идал, хехго рак!арана Ч!ик!аб росулъе, Зоб гъугъалеб г!адаб
зикрудул гьаракь анкьабго зобги тун г!аршалде ана. Тола гьаб дуниял нилъ
кинацаго,тараб адабалда гьанже щибилеб, Как-к!ал тун батани бец!изе
к!вела,Дур адаб гьабизе кинан рес щвелеб,. Дагъистан ц!унизе ункъабго
рахъалъ ункъго Устар тана иршадги гьарун, Магьди Имам вахъун
загьирлъизег!ан зулму гьаб ракьалде биччайгейилан. К!удияв,Дур баркат
камун тогеги Киназего сабру АЛЛАГЬАС кьейги, Ракьу