Г!урччинал кагътаца кверде россарал,кверал бидул ц!урал васал рихьулищ,кавказалъул рохьахъ бусабиги лъун,бусурман халкъилан къанун г!уц! улел,къиматал г!алимал г!ужиеги гъун,г!алхуда рахчиялъ бахунищ сират!,бахараб магжида квералги рахъун,такбиран ах!т!еялъ т!уралищ унго,т! арикъатги какун какал раниги,т!аждал г!агал къокъаз къач!алищ рак!ал,къарнабаз хисич!еб динги балъаргъун,доба хабал г!азаб к!велищ х! ехьезе.