Гъази-Гъумекиса
Жамалудин-афанди (къ.c.)
Жамалудин Гъумукъияс (къ.с.) гьабураб,
ТIидиса КIудияс тIаде жубан, гIараб
мацIалъ хъвараб мунажаталъул таржама.
БетIергьан Аллагь гурхIа,
Дурго лагъзадерида,
КигIанго ниж гIасиллъун Дудехун ратаниги.
Дин малъизе витIарав МухIаммадие гIоло,
Гьесул хъизан-рукъалъул агьлуялъеги гIоло.
Уммат иршад гьабурал хулафаазе гIоло,
КигIанго жал кIудиял балагьал риччаниги,
Гьезде сабру гьабурал вализабазе гIоло,
ГIелму, гIамал рекъарал гIалимзабазде гIоло.
Диналъе рухI бичарал шагьидзабазе гIоло,
Аллагь, тIолго хириял Дур цIаразеги гIоло,
Киналго тIадегIанал Дур сифатазе гIоло.
Инжилгун, Таврат, Забур, Къурьаналъеги гIоло,
ГIарш-Курсалъеги гIоло, зоб-ракь