Авар мац1 бицунеб меседил кини,Кинацаго гьорой рехулеб буго.Гьеб мац1алъ кинидахъ ах1улел куч1дулДах1абабадацин к1очон тун руго.«Баю, баю» бачун, кини к1ик1изе,К1одо, маг1арул мац1 кида к1очараб?«Гулять пойдем» - илан гаргазе ккани,Дах1ададал к1уди г1урусалълъайищ?Нилъер миллаталъул тарих, г1адаталГьеб мац1 к1очон тани, кин лъазе ругел?Хварал мац1алгицин ч1аго гьарулин,Ч1агояб авар мац1 щай хвезабулеб?Мац1 к1очене тани, Шамил к1очена,Ах1улгох1 билила, Мах1муд лъаларо,Г1алих1ажи, Ч1анк1а, кици-биценал,Халкъиял асарал рилун лъуг1ила.Миллатги лъаларел, мац1ги лъаларелЛъималазул хьвади щибдай бук1ина?Бокьухъин хьвадиги тохаб г1амалгиЧияр гьаз босани, суруларищ нилъ?