Предыдущая публикация
ХАСЕЛ
Г1аздал х1улабаца,
Т1охалги рахчун
Нухда лъолеб буго
Гьанжесеб февраль.
Ихдаде къеркьезе
Къуват г1еч1ого,
Къалъуда биун гьеб,
Буго чвахдолеб.
Г1аздахъ урхъараб халкъ
Цебе кинниги,
Базе к1олеб гьеч1ин,
Руго къваридго.
Г1адан кинигинан
Хисулеб гьава,
Х1укму к1удиясул
Бугин рик1к1уна.
Чанго анц1-анц1 сонал
Чвахана эхер,
Бицатаб г1азу бан
Нилъ рохич1ого.
Кьиндал г1азу гуро,
Роол ц1ад гуро,
Лъаларо нилъеда
Ццинбахъундай гьеб.
Рекьулел ракьалги
Чарлъулел руго,
Регьел г1оларого,
Букъан,беч1ан хун.
Дир хирияв Аллагь,
Дуда х1алк1олин.
Рекъезабе ц1ад-бакъ
Гьаб дир ракьалда.
П.Пайзудиновна.
Присоединяйтесь к ОК, чтобы посмотреть больше фото, видео и найти новых друзей.
Нет комментариев