Предыдущая публикация
Живго ц1ар арав шаг1ир Расул Х1амзатовасцин абун бук1ана нилъер машгьурав коч1охъан Даку Асадулаевасул ц1ар кьураб къват1 Мах1ачхъала шагьаралда гьеч1ого лъик1 гьеч1илан. Хадуб гьелъул хабар ккараб мехалъ Дагъистаналъул Х1укуматалъул данделъиялда дагьав цевег1ан нилъедаса ват1алъарав шаг1ир Мух1амад Ах1мадовас Дакул гьунаралъе кьураб къиматалъ тадсикъ гьабуна кинабго. Гьеб г1умруялъе бахъинабиялда т1ад ч1ана Дакул фондалъул председатель, машгьурав жамг1ияв х1аракатчи, Гъуниб районалъул мустах1икъав гражданин Асх1абг1али Х1асанов.
Бокьун гьеб тарихияб лъугьа бахъин маг1аруллъиги маг1арул тарихгун маданиятги хириял т1олалго маг1арулазда баркизе. Баркула!
Присоединяйтесь к ОК, чтобы посмотреть больше фото, видео и найти новых друзей.
Нет комментариев