Чанги дару бугеб, дица малъизин.
Давлениялъеги сахаралъеги,
Сахлълъи къваригIараз гIинтIамун бихье:
Роллтоналги кванай, кофеги гьекъе,
Конфет - печенаги цIикIкIине гьабе.
Майонезги чIикIе, чипсалги хъуре,
Чехь цIезегIан тIаде сокалги гьекъе.
КъватIиса рачIарал овощал кванай,
Бурёнка гурони рахьги гьекъоге.
ТIад бищун кьарияб, кормада лъураб,
Квине гьанги босе базараздаса.
МагIарухъ бижараб щибго жо кунге,
ЩолебгIан кинабго къватIиса босе.
Щинаб къоялъ гIадин салатал гьаре,
Саламатго тIаде майонезги чIван.
ТIорахьгун щарил нах, щаргун бетарахь,
Щекъер - къоноялда хъвазе биччаге.
МагIарул гIиял гьан, гIатIгун ва мох - мох,
ГIагарде къазего нужеца тоге.
Нилъецаго цIурал бакьалги кунге,
Болъонги жубараб колбаса босе.
Печазухъ цIа баге, цIул - рак бухIуге,
ЦIеда хъазан лъоге, хинкIал тIамуге.
Физический хIалтIи щибго гьабуге,
Щвараб рахIат босун регунго рукIа.
Рокъоб сунданиги воре квер хъваге,
Кваназе гурони тIаде рахъунге.
Интернеталги хIан, телефон кIвекIун,
Телевизоразда цере гIодор чIа.
Радалго рахъунге, къаси кьижуге,
Къад - къад нахъе регун, гьеб гьабун рукIа.
Марсал, сникерсал, бакус - рулетал,
БегьулагIан гIемер цIикIкIине гьаре.
Пакет - чаял гьекъе, шоколад кванай,
Щивниги гьеб мехалъ унтизе гьечIо.
ГIи - боцIи хьихьуге, хурдул рецуге,
ХарибакIал, ахал, гIалахалъе те.
Огородал хIаге, хурзал рекьуге,
ХIалтIи - пишаялда квергоцин хъваге.
Пенсияби рахъе, анаша бекье,
Гьелдаса бигьаяб щибго жо гьечIо.
Лъималазе воре кащал гьаруге,
КванагIан гIемерал йогуртал росе.
Карандаса рахьги гьезие кьоге,
Гьуинлъугун, соска цIункIизе гьабе.
Смесазул шиша кодобеги кьун,
Коляскаялъул те, памперсалги ран.
Гьулакаби рани, кини гьабуни,
Гьел кIирикIизе нуж рахъине ккола.
ГЬАЛ ДАРАБИ ГЬАРУН САХЛЪИЧIОНАНИ,
САНАТОРИЯЗДЕ ПУТЁВКА БОСЕ.
САХАРАЛЪЕ ГЬАЛЪУЛ КУМЕК ККЕЧIОНИ,
КУРОРТАЗДЕ ИНЕ ГIЕДЕГIИН ГЬАБЕ !!!
Присоединяйтесь — мы покажем вам много интересного
Присоединяйтесь к ОК, чтобы подписаться на группу и комментировать публикации.
Комментарии 4