Сордо рогьиналде тIадеги рахъун,
ТIагIат гьабулезул баракат щвайги.
Щвараб макьуялъе мутIигIлъичIого,
Нафс къезабулезул мухъилъе ккайги.
Эбел-эмен, Устар, Бичасул Расул
Разияб хIалалда хьвадизе кIвайги.
РухI бахъулеб лахIзат иманалда ккун,
АЛЛагь гурхIаразул кьерилъе ккайги.
Ккараб мунагь-хатIа Халикъас чурун,
РацIцIалъун рахъайги гIарасаталда.
ГIазабалъе ккарал ругонаниги,
РахIманас гурхIун тун хвасар гьарейги.
Гьаризе гурони бажари гьечIел
БетIергьан нахъ чIваге дур лагъзал ругин.
Дуца нахъе чIвани тIокIалъ ниж ине
БетIергьанги гьечIин къабул гьарун те.
ГурхIел цебе ккарав РахIману РахIим,
ГурхIа Мун нижеда щибаб лахIзаталъ.
Мун гурхIичIонани хвасарлъи гьечIин,
ЧIорого ритIуге гьарун щварал ниж.
Присоединяйтесь — мы покажем вам много интересного
Присоединяйтесь к ОК, чтобы подписаться на группу и комментировать публикации.
Нет комментариев