ал, хьагинерги ран, маг!ида хут!ана доб раса ц!алк!у.
Росе макаронал гьарзаго лъидал, гьанал щуб т!аде т!ун хехго кванайзе.
Белъун баг!аргьоло хинаб мучари, чанги ч!ух!ухъанас бокьун кванараб.
Мучари бихьани рихун хут!ула, гьабизе лъаларин аскар гьабула.
Бигьаяб квен буго гьаб заманалда, щуго минуталде цебе хъурщулеб.
Щваралда г!ей гьабун россалги руго,чехь мугь, льухьулаго щварабги кванан.
Карова нинадо, г!анк!о нинада, ракул мах!ги бахъун кие дун ине.
Нису- нах, мучари тоже нинада сухарикал, чипсал ц!ик!к!ун рокьила.
Тукада хур буго, хуриб ч!ах! буго,нухда хур бекьулел берцинал ясал.
Г!ака хьихьуларо , хур бекьуларо, ц!акъ бигьаяб заман гьал г!олилазе.
Рильерабго какун, чидараб беццун, кеп - г!оркьалда руго нильер мусудул.
Такси телефонал г!емерлъун руго, к!и- к!и рекъаразул рукъзал рихизе.
Жанибго крант буго, туалет буго,щиб г!оларогодай гьал мусудулазе.
Х!алт!ун россабаца бахъараб г!арац,бпзаралдеги ун расход гьабула.
Нагагь расходалье г!арац г!еч!они, г!енекке къасеги бук!унеб хабар.
Къвариг!ан щинаб жо г!арцухъги босун,г!арцуда ц!а бакун дунялги гьабун.
Кинальулго бицун х!ал дир к!веларо ,ахир лъик!аб ккайги гьаб чуриялъул..
Присоединяйтесь — мы покажем вам много интересного
Присоединяйтесь к ОК, чтобы подписаться на группу и комментировать публикации.
Комментарии 3