Информация Умахана доступна только авторизованным пользователям.

Все заметки

Фид
Фид

Борч1а макьидаса, г1арабазул ракь!

Исламалъул хазина дир хирияб Аль Акъса, Мун ц1унун, ц1адаб ине х1инкъун буго махлукъат, Хирияв Аварагас жинда жаниб как бараб, Рехун тун буго масжид Мух1аммадил умматалъ 1. Къо бух1араб Гъазалъе, г1орхъабиги рахан, къан Ц1акъ х1инкъадго, къабих1го, къанщун" буго Египет", Нартилъ ччурал "капкаца" жидеда куркьби гъурал, "Кутакал"къиралзаби къан рач1алгун ч1ун руго. Гьеч1о Г1араб ракьалда рокьукълъи тушманасде, Рикь-рикьун руго жакъа жагъалал муъминзаби- Цох1о Хамазищ бугеб, хвалдаса х1инкъулареб, Хут1арал рагъухъаби гъапуллъун гьеч1ищ нилъер ? Ч1вадарухъабаз гъурун, Гъазизаби лъуг1идал, Рагъде жубазе ч1араб, Х1избула" бич1ч1уларо; Жугьут1азда къвал бара