Аминатгун данделъун Маккаялда гьавурав,
Къурайшиял ханзабаз гIемер къварид гьавидал,
Мадинаялда жив ун, Равзаялда вукъарав,
Гвангъараб гьумералъул, гьайбат бугеб черхальул,
Халалъи къокълъиялда Гьоркьохъеб лагаялъул,
Балагьун чи нечолел берцинал берал ругев,
Берцин хъвараб нун гIадал надалда кьунсрул ругев,
Алжанул хIанчIил гIадаб кIалдибе мацI пасихIав,
КIалдиса унеб калам гьоцIо-нахгIаги гьуинав,
Меседил чIоралдаса чорхол къаматI битIарав.
Кагьтидаса черх хъахIав, щакъигIан рас чIегIерав,
Магжил рас цIакъ гъваридав, гъалал чилай гIадинав,
Жиндир нур бакъул гIадав, гIодоб чIабар гвангъулев
Мугъалда нахъияб жо цебе гIадин бихьулев,
Берал кьижун кканиги, ракI балагьун вукIунев,
Макьу щванилан абун какичури холарев,
Жиндир чорхол гIетIул махI мискалдаса гьуинав,
Жив хьвадарал нухазда гьуин махIал рукIунев,
ЦихIин жиндир квер ккуни, квердаса махI холарев,
Гьес кодоб ккураб лъимер батIа гьабизе лъалев.
Кванай-гьекъей цIакъ дагьав, вакъи сабру кIудияв,
Вакъун жив кьижаниги, гIорцIун макьу речIунев,
Кидаго гIадамазда жиндир хIарас бихьичIев,
Жиндир би гьекъарав чи цIаялдаса тархулев,
Адамил наслуялъ,ул инсан жив вугониги,
Жииндир хириял лугби нуралдасан рижарав,
АВАРАГЛЪУН жив вахъин бищун нахъе кканиги,
Жиндир нуралда цебе халикъас жо бижичIев.
Гьадинав Х1абибасул Умматлъун нилъ гьаридал
Альх1амдулиллагь Аллагь
Кидаго камич1ого
Присоединяйтесь к ОК, чтобы посмотреть больше фото, видео и найти новых друзей.
Нет комментариев