имат(р.г!.)
Бусний егун йик!ана
Х!асангун Х!усенида гьоркьой кьижун йик!ана.
Эмен цеве лъугьана
—Щай кьижулей Фат!имат.
Къасси Рузман сордойин.
Метер Рузман къо бугин.
Рузмалалда нахъа мун.
Дихъе яч!ине кколин.
Къоно чуре,чед беже.
Рет!ел чуре,черх бац!е.
Къадирасул рахъалъан
Къач!ан Х!адурго йик!а.Гьедин цебеги т!амун.
Т!урк!ун йорч!анила гьай.
Х!асангун Х!усенида
Гьоркьойго ятанила.
Унтулеб бак!ги гьеч!о.
Х!ал хисун буго чорхол.
Ц!а рек!ун унеб буго
Ургьиб бугеб гьинал рак!.
Цойги Х!асангун Х!усен
Рорч!изаризе к!веч!о.
Каранде гьелги къана.
Къочун рорч!изаруна:«
Вахъа Х!асан ва Х!усен.
Нуж эмен ах!изе а.
Мащкиталъуреги а.
Къулг!аялъуреги щва.
Х!ужрадухъеги а нуж.
Хабадеги раха нуж.
Мащкиталъур анила
Къулг!аялъур щванила.
Х!ужрадухъе анила.
Хабаде рилълъанила
Хабада ратанила
Г!алигун Муртазада.
—Вахъа дада,ва эмен.
Мун рокъовехъа вилълъа.
Эбелалъ ах!ун вуго.
Бабай къвариг!ун вуго.
Бич!ун цебе лъун бугеб
Хат! меседилаб Къуръан.
Данде къван къвалакье ккун
Г!али т!аде вахъана.
—Мах!алъул гьуинлъи щиб?
Чедалъул парзалъи щиб.
Г!алиги къварилъана.
Фат!иматихъ валагьун.
Щайзе дун къвариг!арав?
Къулгьуялда вук!арав.
Гьанжелъег!ан ах!ич!ев.
Дун рокъове ах!анин.
—Мун ,рокъове ах!ана.
Лъугьа ,Г!али ,мун т!аса.
Дие къо т!аг!ун буго.
Къач!алей йиго,Г!али.
Дун къват!ие яхъине.
—Х!абибуллагь сваляЛлагьу таг1ала г!алайгьи вассалям
Хун хадув,
Вах!*юги рещт!унарин.
Лъица дуда бицарав?
Гьеб бицарав щив дуда?
Нолъ нилъер эмен Саййид,Султ!ан цеве вач!ана.
Къач!ан х!адур йик!аян
Малъун танаха,Г!али.
Мах!ги гьуин гьабуна.
Нилъер г!иссинал васал.
Нилъер рукъалъул агьлу.
Г!орц!ун бук!инин абун.
Рузмалги хех бай Г!али
Хут!баги къокъго гьабе.
Рузмалалда нахъа дун.
Дуца юкъизе кколин.
Дуцаго чуре,Г!али.
Дуцаго юкъе,Г!али.
Бакъиг!алъул ракьалда
Т!аде вахъарав,Г!али.
Рузмалалде вилълъана.
Рузмалалде вилълъана.
Кодоре г!ечалги кьун .
Ц!иял гурдалги рет!ун.
Гьелъул г!иссинал васал
Лъималазде гъорлъеян.
Авлахъалде рит!ана.
Цодагьаб жо мехассан.
Авлахъалдаги рук!ун.
Рокъорехъа щванила гьелъул.
Г!иссинал васал.
Егун,кьижун ятана
Чохьол Хирияй эбел.
—Бабайилан абуна.
Эбелин зигардана.
Я к!алъаларо Баба.
Я шуруларо эбел.
К!иялго рекерана.
Мащкиталда жанире.
—Вахъа дада,ва эмен.
Мун рокъовехъа вилълъа.
Эбелги егун йиго.
Кьижун йигей лъаларо.
Хун тун йигей лъаларо.
Гьеб Г!алида абулеб
Абубакарида раг!ун.
Цадахъго Абубакар
Хадув,хадув вилълъана.
Г!одилаго Асх!абзаби.
Хадур ,хадур рач!ана.
Хун тун т!уян ятана.
Х!абибасул Фат!имат.
Жинцаго чурун къач!ан.
Бакъиг!алъул ракьалда
—Ма,дир Хирияв эмен.
Дурго ясан егьана.
Мухтарасул хабалъан.
Хириял кверал рач!ун.
Ячун ана Аллагьас.
Аллагьасул Къот!иялъ.
—Вай дун гьаний йик!унищ?
Вай дун гьанийго ч!олищ?
Егье Дада дун т!аде.
Чирахъ гуреб ,чи гуреб.
Дир рак! гъоларо,Дада.
Дир рак! гъоларо,Дада.
—Дур къварилъи щиб дир яс.
Пашманлъи щиб Фат!имат.
Цодагьаб жо мехассан
Гьелги гьанир рач!унин.
—Дун къварид гьеч!о Дада.
Къваридго тана ,Г!али.
Дун пашман гьеч!о Дада.
Пашманго тана васал.
Х!абибасул Фат!иматил.
Хобалъуб рак! гъолареб.
Х!исаб гьабеха ,Мискин.
Дурго черхалъул ,Дуца.
Присоединяйтесь — мы покажем вам много интересного
Присоединяйтесь к ОК, чтобы подписаться на группу и комментировать публикации.
Комментарии 3