Дица мина балаан бец1аб хъощилъ ч1еч1ого, Мушавара гьабураз квер базе толев ани. Ижараде кквелаан къадахъан ц1улал устар, Строй-материалалги росизе изну кьуни.
Аз дун т!амулев вуго т1оцере росун лъезе, Сирвантниги гьеч1ого гьениб лъолеб т!аг1ел-г1уч1. Ч1андай гъурун т!аг1изе т!амула байбихьулъго, Босизе хъах1чанидал чарчараб ц1а-раг1 г1уч1ал.
Г!алимзаби ножоца ц1ияв мутаг1иласда, Тасрифалъул дарс кьейи кьаллъула дагьаб дие. Дур ц1ар щибан ц1ехани мац1 ц1орон хут1улесе, Т1оцере падежалдай диналъ таклиф гьарурал?
Гьудуласда бицине цо чан раг1и щвелалде, Щущан унел падежал аслулъундай т1алъулел? Дурусу щифагьият гьеб г1адал цогидалги, Дир гьит1инаб г1акълуялъ г1емер т1аса рищула.
Щуго соналъ т1ат1ала т1ехь тасрифал ц1аларав, Ц1оралдасан цоясда дун г1арабалъ к1алъана, Рек1ехъе лъан бахъараб бицараб т1ехь гуребжо, Раг1уй цониги жаваб бажарич1о дандч1варас.
Бук1ун буго малъиги маг1арул дибирасул, Раг1и нилъер лъаларев нуха хас огъланасде. Ахиралда к1иявго рак1ги хун рат1алъула, Лъабго раг1и х1ажатаб щвеч1ого щуго соналъ .
Щибал г1адада арал щуго лъаг1алил саг1тал, Судун руго рак1алда к1иявго гьудуласул. Гьединалдасан х1инкъун къадру дагьаблъун дие, Даималъго хут1ана т1оцебе тасриф ц1али.
Дир раг1и рик1к1инаро г1араб муг1аллимаца, Г!айибниги гьабуге г1абдалав жагьиласда. Г1арабалъул мударис дидаса вахъинаро, Хабар буго бицунеб цадахъ г1одорч1аразе.
Присоединяйтесь — мы покажем вам много интересного
Присоединяйтесь к ОК, чтобы подписаться на группу и комментировать публикации.
Нет комментариев