1леб кеч1.
Я гьав надирав дибир дун духъе вач1ун вуго, Ч1аголъи дур раг1идал, духъ вакки лъик! бихьиялъ. Лъана мун халкъалъ бицун рецц гьезул дух босана, Дирги баркала жубан жугьабигин вач1ана.
Гьеч1о мун г!адав дибир дагьав гурев ракьалда, Бокьарас бажарулеб жигарчилъи духъ гьеч1о. Дуца гуреб ц1унич1о ц1агин лъим ц1улах1ерчилъ,
Ц1ангин гьоц1о жубараб бук1уна дур гьоболлъи.
Гьунар г1ела г1ураб дур г1агарал гьекъолелъув, Гьоркьов ч1ун кеп босизе ресал дуда ратана. Ирс кколел чангояца бокал борхулеб г1ужалъ, накалда накуги лъун кеп босизени лъана.
Бекахвараб мехтараз харбилъ жубалеб г1ужалъ, Г1акълуялъул т1ок1лъиялъ г1ищкъул дуца бицана. Бицанщиналъул г1акса таржамачилъи гьабун, Гьелги цоцалъ разарун цадахъ мунги къеркьана.
Кьал ах1идал васаца дуца гъуждул гурана, Росулъ питнаги ах1ун мун михъикьан гьимана. Гьунар жеги к1удияб к1арк1арун мажгиталда, Жа дуца х1арам гьабун х1ал кьейи гьекъаразе.
Вакъфу х1арим х1араман х1алк1вараб ваг1за гьабун,
Гьеб к1иялъулго т!аг1ам т1алаб дуца гьабуна. Т1обит1илин росуян суфиязул ч1умал ккун, Наждалъул наслуязул росана дуца кверал.
Росуго боржарав мун ватана к1иг1аркьелав, К1ийихъ росу бикьулеб ракьалда лъалк1 батана. Бат1иязда к1оларо к1иго х1укму батизе, Жиндие чахъдал т1охьол чияе къуръан т1охьол.
Фикъгьиялъул росдае комсомолский рукъалъе, Рекъезе г1амал гьаби г1ела дурги х1ал рекъей. Дийги хирияб Ват1ан херав инсул улкаракь, Кверзукье бак1аридал бикьизе к1вана дуда.
Бицана исламалъул аслабадаса г1емер, Амма коммунистияб кайфият дулъ батана. Нахъч1варабщинаб ккураб рукъ-агьлу къах1ан ккуна, Къелъ маг1 кьабуравцини цох1о чиярав теч1о.
Дибир г1арабистасул г1амалалъул т!адагьлъи.
2-леб кеч1:
Дибирасул х1алимлъи х1илмуялъул к1одолъи, Х1алрекъейалъул къуват дандеккеялъул лазат. Зар кидаги эс къач1о хъач1аб раг1и абич1о, Бук1к1ун нодо бихьич1о нахъеч1вач1о щивго чи.
Щибго х1арам гьабич!о х1атта жацин какич1о, Жамаг1ат разилъулел ваг1заби ц1и ургъана. Имамзабазул нухал бигьащинал хъирщана, Щивниги чи вит1ич1о т1ахьазул х1инкъаби кьун.
Т!ад квер бахъана хассго хварал мазгьабазда цин, Нух гьеч1ониги фатва тартибалда рег1ана. Росулъ инсан ас теч1о инкарчаг1илъун гурел, Расуласул т1урукъал т1ет1еялде ах1ана.
Аллаагь ккурал чаг1илъун лъазаруна вагьабал, Лъебелазда бак1 теч1о накъщубандиюназе. Дица эв какуларо кинабго т1атун гьеч1о, Т1ахьал рорца-къот1улеб къуват гьесулги гьеч1о.
Дарсго босич1ел т1ахьаз бет!ер биххизабиялъ, Бохдул г1ададе рахун г1елму жубазабуна. Г1арабияталъулго раг1ад гьет1-гьет1ун буго, Бажари гьеч1еб т!адц1ан ц1ар жиндир холеб буго.
Дунги кват1ун хут1ана коч1олъе восич1ого.
3-леб кеч1:
Вуго дун росдал дибир Дагъистан мук1урлъарав, Рек1ехъе г1елму лъалев г1араб х1ажалъуларев. Х1адис дица ургъула аят рекъезабула, Къвариг1арасе жаваб жаниб рак1алъул кьола.
Бокьарав г!алимасул раг1удасан х1ет1 бала, Бицунеб дир лъик! бихьун лъай дагьавлъун дов тола. Фатва г1емераб кьола рак1алъ къот1аралдаса, Бит1ун бахъула калам китаб ц1алич1ониги.
Ц1алул т1ахьазда т!ад х1ур х1алхьун буго речараб, Бугелъуб г1елмуги тун г1акълуялда х1алт1ула. Х1ажалъи росабазул бат1иясе нахъ ч1вала, Т1илг!адин цеве ч1ола т1урала дицайилан.
Дандч1вай лъилгин кканиги, лъик!го нухда рег1ула. Лъар борхулесе квалквал киданиги гьабич!о. Бегьуларебщиналъе рагьула цо-цо рухса, Халкъалъул г1амалазе г1елму мут1иг1 гьабула.
Т!аг1ат бац1ад гьабизе гьанже дун рег1ун гьеч1о. Г!адамазулъ лъедола ралъдалъ ччуг1а г!адинан. Г1агарал росабалъе ресг1ун т!аде ваккула. Т1орит1ула дандч1ваял дир ц1ар раг1ун бук1инин.
Г1акъилазул бет!ерлъи гьит1ичазул г1акълу-лъай, Г1емер соназ бачарав лачен вуго дун хассав. Г1ибадатчи вугев дун г1ужда какцин баларев. Лебалав факъигьги дун къулгьу-алх1ам гъалат1ав.
Т1арикъатчи вугев дун рабит1аби хут1улев. Т1ок1ав мударисги дун дарс кьезе лъач1ониги. Лъик1ав махражчиги дун чиго гьеч1еб бак1алда. К1удияв суннат агьлу ратибатал раларев .
Вараг1алъул агьлу дун г1асилъаби даимав. Сулукалъулав ккола рахсил гьведа дандияв. Абулебгин гьабулеб бук1уна рик1к1унареб. Буго пасах1ат калам басиялъул к1очараб.
Чи цеве виччаларо чурпа т1ун цебе лъедал. Дуруслъи х1алал х1арам х1ал к1веч1елъуб ц1унула. Ц1арги машгьурлъун буго мадгьал къоноялдаго. Къвак1арав дибир вуго бачавехьлъун рекъарав.
Присоединяйтесь — мы покажем вам много интересного
Присоединяйтесь к ОК, чтобы подписаться на группу и комментировать публикации.
Нет комментариев