Вач1ине лъаларев ине лъаларев, Адабал раг1ич1ев г1абдал вук1иналъ.
Г1умруялъул сонал киг1ан аниги, Накку-хералъ г1ураб хераб оцлъидал. Халкъ буссаралъуве вуссе лъаниги, Лъач1о адаб ц1уни бац1хъоморалда.
Рохьов г1урав дида г1акълу борцуге, Борч1араб адабтей бихьич1еблъун те. Бичас вижун г1урав вугелъул цо лагъ, Гъалат1ал рахчун те, такъсир борцуге.
Дуца нагагь т1аде къабул гьавуни, Къаг1ида бат1ияб баккила дица. Бегьанани изну рагьизе каву, Ккезе биччаларо адабтей такъсир.
Каву дур къирила х1инкъадго г1емер, Ц1огьодун ругьунаб катица г1адин. Х1илмуялъул бераз мун валагьани, Дагьабги цебег1ан гали босила.
Бач1анани пурман, жанив лъугьине, Гьебго кето г1адин г1агарде къала. Г1емер ц1акъго х1инкъун х1аяъги бергьун, Бак1ида к1усила г1анк1г1адин созол.
Вуссине щванани муридзабазулъ, Бичасе бац1ц1адаб санаъ гьабила, Бер дуда к1ут1араб рохел бач1ани, Бичасе щукрудал какалги райла. (иншаа'аЛЛаагь).
Дуца гьаб х1ал-х1укму лъик1алде баче.
Гьойда ч1ут1ул г1адин гьал дир г1узраби, Г1емерлъана Аллагь, г1афву х1ажатал. Х1иллабийищ ал дир, х1алихьалъийищ, Х1алк1унгут1иялъул т1атараб нуг1ищ?
Щуго г1узру буго щайхасул х1акъалъ, Щуц1але багьана Баширихъ щвезе, Щуц1али к1иц1улго х1еж борхиялъе, Х1ал к1олеб гьеч1ищ дир? Х1иллабийищ ал?
Бет1ер роц1ц1изег1ан, боц1и г1езег1ан, Г1азизав Бет1ергьан т1аса лъугьун те. Лъай бугес малъила лъик1 г1уц1а-къала, Г1айибал хъущт1ила т1аддаб борхила.
Холеб турулелда лажбар лак бахун, Бер рек1унеб х1алалъ х1алк1ох гьабила. Бекараб регъела никил бахила. Багьа т1адг1анлъулеб г1амал гьабила.
Гьоркьоб бак1 борхила щайихасулгин, Шафиг1ихъе щвела х1ежалъул къояз. Х1алк1ванаг1ан хехго хирияв Бечед, Борхила т1ад бугеб т1адаб х1еж-г1умра.
Т1оцебе Дудасан т1алаб гьабула, Т1аде росаразе сабабал-икъбал. Къудратав гьарула гьоркьор женжелел, Жундузул к1век1енал к1к1алахъе раян.
Рак1алъ гьабуниги гьеч1ебха гьунар, Гьеб киналъего Дур кумек щвеч1они. Хъалхьаниги к1ийихъ, хъвач1они Дуца, ч1ах1ил сум т1езеги санаг1ат киб дир.
Какараб тезеги талих1аб кквезе, Кивго дида цадахъ Мун х1ажат вуго. Х1алго дир к1оларо х1ухьел ц1азе цин, Х1ажатабщиналда щвезе гьавун те.
Тезабе какараб, кквезабе сахаб, Халикъ щибаб цояб дудалъун буго. Дуца вак1арун те, Мун разиялде, Ризкъилъун гьабун те х1уснулхатимат.
Таманал дун г1адин чарлъаразеги, Чара Дуца гьабе Бет1ергьан Аллагь. Бет1ер бахъич1елги хивал жубарал, Рижарав, т1орит1е бит1араб нухалъ.
Хасго анищазде квер рек1ин гьеч1ел, Кумек Дуца гьабун рорч1изарун те. Амин.
Цого х1узур гуреб х1аларо щибго.
Дуй рек1елгъей буго хивалаздасан, Дуе аз рагьула мултфилма экран. Экраналда васал игитал руго, Рихьула ясалги т1авусал г1адал.
Муг1рул г1орал щобал щола экраналъ, Керчал рохьал муч1дул рач1уна пикралъ. Мулк-мал мина азбар бач1уна цебе, Бечелъи пакъирлъи лъола беразукь.
Рац1ц1ун хварал пикрал руго нилъеца, Нилъ къабих1гуккилъун къинлъун, г1акълу къун. Къадрояб лах1затлъун гьеч1о пикрабаз, Квегъараб замана лах1заталдаги.
Бах1арчиял васал сси бугел ясал, Сурукълъизе руго къанабакь хехго. Хер-т1егь т1абиг1атал т1олго берцинлъи, Лъик1 бук1аян тела метерго дуца.
Дуца т1ад к1вар кьолеб боц1и-малгин мулк, Кверзукь бак1арила бат1ияз сезе. Саламатав инсан ургъея берцин, Бищун мун бергьунеб гьабе цо пикру.
Кинабго бижарав, Жинца биххулев, Бичасул заталда рухье пикраби. Жив вихьи Алжанлъун Анбия'азе, Ахираталъ бугев ваче пикрабалъ.
Каранзукь кидаго кквезе гьабе бак1, Бичасул заталъул лазат бихьизе. Бищун т1адег1анаб лазат Алжанахъ, Жив вихьи бугесда гьабун те пикру.
Хадуб раг1и:
Бет1ергьан, квербакъе къасд ч1аго гьабе, Багьа ц1ик1к1аралде Дуца рак1аре. Дур зат гуриялде рикьизе тоге, Тавфикъ Дуца кьун те х1узур ц1унизе. Амин.
Г1иракъалда бугеб х1ал:
Мазалияб чорхол чанго г1олилас Г1айиб гьеч1еб лъимер раг1ула кквелин. Г1ажизабго лъимер лъабго ункъгояс Къварид гьабилилан бицунеб буго.
Балагьун кеп босун квер чидай бакъун, Рукъ-агьлуги элъул рук1инила. Рик1к1адал чияраз гьит1ич барахчун, Бажарарабщинаб гьабилебила.
Гьанже къасдагин къад къват1ахъ бицуна, Роцен данд бит1ич1еб даг1ба-кьалалъул. Боц1ицан мехтарал капиталистаз, Квер базе къасдила мискинзабада.
Г1асрабаз кьал ккеч1еб кьуруг1адинаб, Берщвараб Вашингтон гьещт1олеб буго. Бечелъи гъуназда турулеб бихьун, Тенкарулел руго американал.
Щун буго океан улкаби къот1ун, Къаданиб кьалилан къват1исеб улка. Къабул гьел гьарулел гьезий бак1 кьолел, кьибил цоял руго роха-хинлъулел.
Хивал щибдай буго Ирак халкъалъул, Къват1ире жал кьедал мадугьалзабаз. Мац1 цоял дин цоял диналъул вацаз, Цере капурал кквей киндай бихьараб?
Капуразул рагъул бабазе бак1 кьун, Гъоркье лъин биччалез батила х1алкъан, Иях1 долларазухъ хисун аразул, Хивал чанц1улниги гьабун батила.
Бах1арчилъи бугеб капур халкъалъул, Квербакъи бихьидал батила х1икмат. Х1ал кьезе х1адурал руссгин фаранци, Цойгиги капураз кеп кьун батила.
ХАДУБ РАГ1И:
Кьуруг1ан къвак1арав г1иракъалъул хан, Хивал дуда лъурал, дуе х1елаги. Х1инкъи рек1елъ реч1ч1ун бачал г1адинан, Чолонире дуца гъеги тущбаби.
Билълъаги дур раг1и г1арабияв вас, Асирзабаца дур росу ракь ц1веги. Саддам Х1усен дуда нахъа Халикъ ч1ч1ун, Ч1ч1ел дуе г1асрабаз багъиш гьабеги.
Бер щун мун к1век1илин рак1алда бугел, Бичас пашман гьарун руссине ккаги. Рах1ат дуй теларин тенкезе къасдал, Къват1ир рахъунелъго рихха-хочаги. Амин. 1998 сон-л январь.
ХИВАЛАЗ Х1УЗУР КИННИГИ, КАРИМАС КЪАСДАЛГИ ПАСАД ГЬАРУЛА:
Их рогьаралдасан хасел къазег1ан, Г1ажизалго рух1ал х1алт1уда руго. Рогьараб рук1к1зег1ан рещт1анщинаб къо, Рехула х1алт1уда цо х1апарабаз.
Бакьулъа т1ун унел т1еренал ц1унц1рал, Ц1арухъе х1алт1ула т1олго сезоналъ. Лъалхъи бук1унаро х1ухь бахъуларо, Х1алт1и ч1алг1унаро ч1ег1ерц1унц1разе.
Риидал бикула кьиндал кваналин, Кьог1аб квач баккигин бук1араб тола. Бак1-бак1алда кванил гъуналги сок1к1ун, Гъварилъуда ракьулъ кьин аз т1амула.
Роол гьабуралда Бисмиллагь лъезе, Биччаларо квачалъ риччаларо ал. Хасел аз борч1уна ч1ег1ераб ракьулъ, Лъик1аб гъварилъуда гъунал къват1ир тун.
-Гъарин инсанасе, мисал ц1унц1разул, Ц1анбит1ун релълъуна лъик1го рекъола. Къаси сардил макьу пасад гьабурал, планал чан рук1уна рак1 инагьдарал.
Бак1абахарула рек1елъ параект, Кинабго г1умруялъ г1унги т1ок1лъараб. Рах1манасул къадар данд бахъич1ого, Ч1андае хут1ула халатал хьулал.
Хивалал дорехун къадар аниб хун, Рехула шоталлъун щивасе г1адин. Щущахъ х1узурги бан х1алт1араб пикру, Т1ет1езе гьабула Бичас ч1ух1дайго.
Доб ц1унц1рабазул квен квачалъ г1адинан, Г1аздакь тезарула хьулал къадаралъ. Рек1ел хивалаца х1узур г1адинан, Г1азизас къасдалги пасад гьарула.
РЕК1ЕЛ Х1УЗУРАЛЪЕ БАК1 Г1АТ1ИД ГЬАБЕ:
Т1олго дунялалда дандиябилан, Дица тараб анищ щоблъунго
гьеч1о. Гьаб г1алам рик1к1ич1еб ч1арг1иналъул тел, Ч1ах1ида бан гурищ батараб дида.
Дур ц1ар бук1ана дий дунял ахирлъун, Ахир т1атана гьеб харил квац1 бук1ин. Бух1адго угьана гьудул мунилан, Гьебги дун дицаго гукки батана.
Бан батана г1ищкъу г1акълу дагьлъиялъ, Къасда моц1алдеян моц1рол гъонода. Дие берзул нурлъун лъебелай г1ейи, Г1унгут1и батана г1орхъолъан араб.
Ургьиб гьинал рек1елъ лъебелай гурев, Рекъолев ватана Къудратав г1емер. Г1аламго Бижарав рижаралги тун, Жаниб рек1елъ ц1уни ц1акъаб батана.
Ц1уял жалаздасан живго Маг1будго, Г1емерго рекъана рек1елъ ватизе. Турулел чурхдузул инсаназдасан, Аслу ахир гьеч1ев Халикъ лъик1 рек1елъ.
Рижигин жанисан жал хъубаздасан, Жиндир зат бац1ц1адав Бечед бергьина. Боц1и-мал, ц1уял жал, жал рук1ун гьеч1о, Жалалде ч1олохъжо рехана рокьул.
Бокьараб нух кквеян хивалал рек1ел, Хадув дунги вилълъун нухда лъун ана. Ахир батулареб тезеги малъун, Малик ц1ехейилан нафсги рег1ана.
Г1умрудул хут1арал къоял хьихьизе, Къот1иларо роц1ц1ун ц1уябжо нахъе. Хъулухъ адабалъе дун т1убаялъе, Т1амиларо ц1арги ц1уяб жоялъул.
Жанив Бет1ергьанги т1асахун гьалмагъ, Гьуинлъи ц1униги сабаб батила. Бихьизе бат1ияб батизе цоги, Бечед Дуца хьихье дун пакъирасулъ.
Рах1манав Бет1ергьан гьарула Дуда, Гьанжеялдасан квер кибго бакъун те. Вукъуф-х1узуралда х1алт1изе т1аме, Х1ажатгьеч1ебщинаб ч1ванте рек1елъан.
Рак1 Дуй рекъоледухъ къач1анте Дуца, Къо бух1арав Дур лагъ гъоркь тоге Аллагь. Анибго хут1улеб Халикъ Дур иш гьеб, Бокьани кье гьебги кьеч1онани те.
Ватизаве рек1ел гъварилъуда Мун, Дур ват1ан жаниб рак1 Рах1им ц1уне Дуй. Ц1ерг1адин рачахъе рек1ел хивалал, Халикъ Дуй хасс гьабе даимаб х1узур.
Дие Мун г1ун вуго г1аммаб давлалъун, Дудасан гъайираб гъорлъан бахъун те. Бокьаниги гьунар гьеч1елъул г1ураб, Г1азизав квербакъе къасд т1амаралъе.
Т1адег1анав Дуца Дуе хассазулъ, Лъугьинаве дунги Дурго фазлуялъ. Пайдаго гьеч1еб дир ч1аголъиялде, Дуца т1амич1ого т1овит1е Бечед.
Чохьонир рук1адго Дуца чамгоял, Чилъун гьарунлъидал дир гьари т1убай. Рижиго камилал киг1ан Дур ругел, Дирги гьариялъе гьабунте жаваб.
Гьалдезабе дир рак1 даим Мунилан, Даимаб х1узуралъ х1ал дагьлъизабе. Рихьизе г1еч1еллъун инсанал гьаре, Аллагь цох1ого Мун, макъсуд Мун гьаве.
Мурадал диразда дандекканщинал, Дуца г1амм гьарун те гьаб гьариялде. Рек1ел х1узуралъе х1аракатчаг1и, Г1одор тоге Аллагь гьидаят гьаре. Амин.
ЧОРХОЛ БАЛЪГОЛЪАБИ ВА ГЬЕЗДЕ ГЪАЗА(ВАТ):
1-бут1а
Гьулакалда г1адин гьелчола дир рак1, Гьудул какулаго г1ин ч1вазе щвана. Щола черхалъе кеп кокулъ рек1елав, Рик1к1улъ гьесул гъалат1 гъола ц1акъго рак1.
Раг1изе бокьула борч1араб гъалат1, Рит1ухълъи дурусав динул вацасул. Мадгьал гьалмагъасул г1оларел рахъал, Г1ералда рухьараб рихьи бокьула.
Кьог1аб гъибаталда гъорлъ жувайилан, Жаналъги ах1ула х1алхьун вук1инин. Х1алхьи ч1вала лъик1аб балагь бач1ани, Мадгьал-гьалмагъасде, росу-боялде.
Бахиллъун вук1уна бах бит1арасда, Хиянат гьабизе гьесула цо-цо. Гьалмагъасда аск1об къо х1ехьоларо, Къвал чучун биччала къараб росдае.
Къварилъуда вугев вихьич1ин тола, Тасамах1лъула ц1акъ ц1об т1алъаралъув. Х1ал кьезе ккаралъув камун ватула, Калам х1еренлъизе бак1лъула к1алзуй.
Лъик1лъаби рихула квешалъ вохула, Хиянат жах1далъи жаниб хьихьула. Жибго нафсалъеги сурараб гуреб, Сахабжо кьог1лъула кьаллъун бихьула.
Батиларин ккани ц1ехе нафсалда, Ц1ерг1адин абураб элъ т1аде ц1ала. Аслуялда инсан вижиялдаго, элъ жаниб бачараб чороклъийин эб.
Черх буго бергьараб рух1алъул тущман, Бух1изе жибгоцин Жужах1 ц1ехолеб. Ц1акъаб гьудул буго иблисалъулги, Буссин Жужах1алъуб элъгун дандбалеб.
2-бут1а:
Бегьилищ нафс тезе сурараб т1абг1гин, Иблисалъул лъалк1да, Расул фашманго. Асирлъун ккуни лъик1 элъий квешезе, Кинабго г1аксалда гьабизе т1амун.
Т1адги гьабунлъидал т1абиг1ат-г1амал, Г1азаб нафсалъе кьун кьуч1го хисизе.
Хиянатаб иблис нафсалдисан т1ун, Т1аг1изе гьабизе гьумралъ х1ац1у ч1ван.
Х1амил бак1алда нафс х1алт1изабизе, Х1иллаби раккигин х1аян т1ил биччан.
Х1ал гьабун х1укъукъал къан мугъзадагин, Къот1ани лъик1 цебе х1амалъунго нафс. Х1абибасул суннат тарабго бухун, Рехсаралъе г1азаб ризлъизабизин.
Элъий риханщинаб ругьун гьабулелъ, Гьодида т1ил камун кверц1ангут1изе. Т1ахьазул нухалда хиянатаб нафс, Халикъас малъухъе ругьун гьабизин.
Реццал цого рахъалде цадахъго рекъон ругищ?:
Дица берал рагьана бакъул дунял бихьизе, Бит1ун г1адло биххараб халкъ жубараб г1ужалда. 1агараб ват1аналде т1аваф гьабизе лъвана, Гьабурасул гьабураб гьородахъ унел соназ.
Авалалъул инспектор терола жиндир къот1нов, Жагъалаб жо гьеч1ого жиндир авал ц1унула. Ц1ани г1ададе рахун хъубабщинаб борч1унел, Ч1езарула пуланас парахалъи бук1аян.
К1удиял хъамалчаг1и рачун жанир руг1ула, Г1айиб ккаразе тамих1 цо тайпаялъ гьабула. Гьалдолеб гьаб таранспорт, техникалда т1адтараз, Тадбир роц1ц1ун гьабула ц1ва барал рахъун ч1ола.
Бикъулел тенкагъулелкверал рухьун рит1ула, Рит1ухълъи бук1айилан к1вараб жигар бахъула. Хъубаца пошолилан щвара-щвараб кьвагьула, Кьабизе нахъ къаларо гьекъарав г1адиласда.
Г1адлуялда рук1адго рак1алда гьеч1ебги ккун, Гьал бах1арзазул чанав чияр квердасан хварав. Рехун г1азда ватана г1олохъан хъачагъазул, Хъубаб квердасан т1уван т1ад тарав г1адлуялъе.
Г1умруялъ раг1уларо реццулел маг1данчаг1и, Бечед г1алам гьабизе г1ет1 т1ун т1аделъаниги. Г1орал квегъулел васал кидалха аз реццарал, Электрикаялдалъун улка хьезе гьабулел.
Квен бук1ине гьабулел к1алдисан ц1акъ уна, Эзул чед каманани канлъи берзул ссунезул. Кидалха аз рехсарал рат1лил хважаинзаби, Хамил рет1ел гьеч1они т1ураларез черх г1иц1го.
Г1елму нилъей рагьулел гьеч1о биценалдаго, Бец1аб жагьлуялдасан инсан хвасар гьавулел. Росуларо церего, ракълий г1оло къеркьолел, Рагъаз нилъ гъурич1ого рорч1ин т1алаб гьабулел.
Т1аде чиго кколаро реццалде росуларо, Ресго гьеч1ел х1ажатал х1адур гьарулездаго. Гьуърузе гьава г1адин г1емер х1ажаталда т1ад, Х1алт1улезе баркала камараллъун руго нилъ.
Киназулго мац1алда ругьунлъун буго гьанже, Жодор цо г1ус бахъарав варачасе рецц гьаби. Чехь ц1араца реццула цаби лъурас реццула, Цо щибаб къват1ул унтулъ къо борч1арас реццула.
Апираци гьабураз бекаралда гипс бараз, Бат1ияб унтулъ ккараз рецц гьаби рекъон буго. Рекъола рецц цересел рац1ц1адал варачазе, Ришваталго гьеч1ого вач1арав сах гьавурал.
Гьарун щвараб х1алт1иги, х1алхьезег1ан къиматги, Бакъ к1ут1ич1еб гьумергун гьелищ дол гьунарчаг1и. Чара хун вач1арасул ч1ехьон г1арцул чвантагун, Чилъи дагьал гьезулъги, гьоркьор камулел гьеч1о.
Чурараб форма рет1ун рекъолеб гьаваялда, Рокъор жанир квалквалел киг1ан г1емер реццулел. Рецце гьел куцаралги Рижарав хасго вецце, Хидматалдалъун гьел кьурав реццалдалъун ц1акъ рехсе.
Хадугъейги дараби давлалъун нилъей кьурав, Рак1 г1одун г1емер вецце г1адамал цо багьана. Бащад гьабе рецц-бакъги гьоркьор цоял теч1ого, Ч1агоязе х1алае х1алт1улел к1очон тоге.
Х1аллъизабуге рецц-бакъ медициналъулазе, Х1аллица жодорго борч бехъерхъизе х1алк1олел. Х1алт1и зах1матаб гьеч1о гьенир реццал к1варгьеч1о, Гьениб иманалъулги ургъел буго теялда.
Аллагьасда аск1об бак1 абуразе кьолелги, Гьоркьор камулел гьеч1о ч1ег1ерал жагьилзаби. Жагьлуялъ куфруялде как балелги ц1алеб бак1, Буго гьанже ракьалда рехсараб медицина.
ЩИБАБ КЪОЯЛЪ Т1АДЕЛЪУН Т1АСАН БАХЪУЛА КЪАДРУ:
Дунял-Ахираталъе инсанас щибаб къоялъ, Къимат ц1ияб босула: бахъула я жубала. Бат1иниял къиматал къокъ гьарун тананиги, Нилъее якъинлъула къиматал дунялиял.
Доб рукъалъе къиматал къот1аниги майлаказ, Къойил нилъеца лъола нилъ г1адазе къиматал. Къадро т1аде жубала бугелде я бахъула, Нахъан балагьун ч1арас бокьарав г1абидасул.
Балъгояб жолъун гьеч1о лъолеб бахъулеб къимат, Къадру-сси т1адег1анлъи г1одог1анлъи нилъее. Лъазе заман г1еч1ого ч1овоголъула цояв, Лъалалде борхалъуде вахун ватула цояв.
Талих1 бугес дагь-дагьккун давлаби нахъе лъола, Хадусес бук1арабги к1обок1ула гъенола. Гъаримав ч1овоголъун ч1унтун талих1гин хола, Халикъас ц1унаравни ц1адавги вух1уларо.
Рижарасул рек1елъан х1алк1ун рортизе ч1ч1оге, Рихунеб Халикъасе рекъоге нафсалдаго. Вуссинилан г1ассилъи лъан гьабуге кидаго, Г1емераб гьабе т1аг1ат т1абг1лъун черхалъ босизе.
Инсаназе рихунеб борч1изего биччаге, Берцин вихьулеб г1амал г1адатлъун ч1езе гьабе. Г1умро г1адада арав г1абдаллъунилдасан лъик1, Давлабазулъ лъедолев дунял-ахир кьуравлъун.
Г1ОЛИЛАЗУЛ МАКЪНАЛ:
1-леб БЕТ1ЕР:
Г1асрабацан бач1араб билъараб г1адат буго, Г1олохъанаб г1елалда цадахъ макънал рук1унеб. Бер гьезда к1ут1илалде г1унт1ула коч1ол макъан. Кидаго гьел лъедола лъалелщинал макъназулъ.
Рекъола коч1ол макъан бакъ-моц1г1адал г1олилалъ. Г1удрада т1егь г1адазулъ лъик1 буго коч1ол макъан. Гьарбижанщинабалъе бук1уна цо-цо хаслъи, Харда т1егь г1адал эзий зузуй макъназулго лъик1.
2-леб БЕТ1ЕР:
Нилъер Кавказго гьеч1о куфру Россиялъулаб, Киналго миллатазул ратарал макънал руго. Ругелщинал мац1азул роц1араб х1анч1ч1ил гьаракь, Гьай-гьай жодор мац1алда ц1умраллъун гаргадула.
Дунялалда реццарал церехъаби коч1олги, Кавказалда рахъана рахъ-рахъалда г1емерал. Миллатазул макънаца берцин гьабураб Кавказ, Кинабго дунялалда машгьураблъун бук1ана.
3-б БЕТ1ЕР:
Макъназул къадру:
Буго Россиялъулги мисалияб чанго жо, Жодорго хаслъи буго бахиллъизе т1амулеб. Т1амулел макъналали т1олаздего дандеккун, Далун рич1арал руго рищунго Россиялъул.
Г1урусазулг1ан хварал халкъазулъ макънал гьеч1о, Коч1охъаби гьездасан г1адатиял раг1ич1о. Г1емерал бут1аби ч1ван бат1а бахун макъназулъ, Мах1румго тараб бак1лъун бук1ун буго РОссия.
4-б БЕТ1ЕР:
ГЬанже г1урус макъназе руссун руго:
Г1инда киб к!ут!аниги т!амулеб гьаракь макъан, Рохьилазул г!адинаб, г1урус халкъалъул буго. Лъихъго кассетал руго россиялъул халкъалъул,
Къаси рохьахъ к1очараб руруй буго бокьукъаб.
Г1урусал макънал руго г!аданго гьезул гьеч1о, Куч1дул г1урусалъ руго бусурманаб халкъалъулъ. Булбулалъул макъназухъ бубуйги боц1ц1ул хисун, Хадур гъезе зах1матаб х1ал буго Кавказалда.
Киналъего г1иллаби г1емер бигьа рич1ч1ула, Г!адамал г1урусаллъун лъугьун руго жанисан. Жалго т1асан рихьизе руго исламияллъун, Асар коммунистияб каранзукь бекьун буго.
Кверц1азе к1олеб гьеч1о куфруяб нухалдасан, Ихтиярал кьуниги кьог1лъун буго шариг1ат. Г1аламгин цадахълъизе г1одоб нодо ч1ваниги, Ч1ч1ун буго рек1елъ речун чара хваяб къасават.
Исламияб мац1алда къват1ахъ гаргаданиги, Гвангвара къосинаца бессухъе буго жеги. Салам кьун босаниги идрасти рек1елъ буго. Исламалдасан куфру каранзукь рекъон буго .
Дир рахъалдасан мухъал хъван аралда т1асан.
Къарал хъач1ал раг1абаз баниги кеч1алъул къед, Рукъ нужер паракъатаб батизе ресни буго. Сок1к1арал дир раг1аби г1урул ханзал кканиги, Халикъасул рукълъидал рек1елъ гьит1инаб нукът1а(т1анк1).
Къараб дирго критика квешаб рахъалде ц1аге, Ц1одораб сабуралда русса нуж иманалде. Рач1а дагъистаниял дол кассетал хисизе, Хириял улбузул мац1 аслияблъун гьабизе.
Аваданлъи сух1мат кеп какулевлъунни гуро, капуразул макъналго рекъон гьеч1о гьал соназ. Куч1дул макънал къот1еян къацандулевлъун гьеч1о. Къосаразулабги тун бате нилъер рек1елгъей.
Рач1а дагъистаниял дагьалниги кант1изе, Камилазул рек1елгъей бак1бак1алъан дандбазе. Бокьани рач1а т1олго къват1исел макънал тезе, тавуш гьит1инаб гьеч1о гьайбатаб Кавказалъул.
Бераз маг1у кколарел г1емерал макънал руго, Нилъерго Ват1аналда т!аде жеги нилъ ккеч1ел.
Нилъеца веццуларо вуссарав чияралде, Чилъи мукъсанас гуреб къват1исеб ц1ехоларо. Ц1уне нилъер рух1ияб бечелъи къадруялда, Бечед гьабе культура Кавказалъул халкъалъул.
Къулараб гьод бит1изе биччай нилъер макъназул, Рекъей г1олилал цоцалъ нилъер гьаракь макъналгин.
Къанабакь т1упаразул т!аде ралагьун ругел, Рек1к1арал ганч1ил занал рак1алде швезе гьаре. Пащман гьаруге нилъер гьайбатал ракьулъ лъурал, Гьезул макъналги хисун г1урусазулал ккоге.
Сун араб дир гьинал рак1 х1алк1вани бит1изабе, Бич1ч1улеб гьаракьмакъан къот1изабун рук1унге.
Русса тавбуялдеян тенкеларо ножода, Туркаби мавлидазул кассетал камун ч1ч1оге. Кидаго Илагьиял абиларо рук1аян, К1очонге рехсаралги рехизе ах1долелъул.
Х1абибасда хурхараб хирияб гьаракь макъан, Гьоркьоб цоцо бугони берцинлъи щвалде щвела. Шайт1аниял макъназе къиматги мукъсанаб кьун, Нилъер берзул нур Ах!мад ах1долелъуве ваче.
Дур ургьиб гьинал рак1 гьимулеб буго.
(Аварагасде буссараб). Дир ургьиб гьинал рак1 гьимун бук1уна, Гьирикьги белъанхъун вохун вук1уна. Хвалил табсабазда тирхун вук1уна, Тущман дандч1ваниги недегь вук1уна.
Бак1аб унтиялъулъ велъизег!адаб, Г!ажаибаб рохел рек1елъ бук1уна. Рогьалил гьуинаб бикьун макьугин Гьоркьобги баккула берцинаб гьими.
Бет!ергьан лъаялъул бук1уна гьими, Гьелдаго хадусеб Расул ватидал. Расуласул варис устар лъаялъул, Лъарг!адин чвахулеб рохел бук1уна.
Рецц Халикъасегин къасдаги къадги, Дир ургьиб гьинал рак1 гьимула даим. Давла талих1алда дандияб гьими, Гьумралъги бук1уна щибаб х1алалда.
Х1абиб Мух1аммадил
ц1ар лъурав ватун Тирхак1ичи гуреб бук1к1ич1о нодо. Бичасул Авараг рак1алде шведал, Щибаб ургъел унти уна рик1к1аде.
Агьлу асх!абзаби берда цере ч1ч1ун, Ццин ургъел унтиго уна т1ури щун. Т!агьаясул нуралъ гвангъиялъ сардил, Дие бец1лъи гьеч1о бай руччиялъулъ.
Бичасул авараг умматан индал, эсул ц1ар гьуинлъи налъилъун гьеч1ищ? Нилъер ургъелалда дос дунял тедал, Талих1ал т1анч1илъун нилъ кколел руго.
Нилъей ургъел гьеч1о ун вуго Х1абиб, Аллаагьасда цеве умматин абун. Тавбугин нилъ ина эсул лъалк1 босун, Аллаагь т1асан лъугьун нилъ хвасарлъила.
Халикъасул буго гьоболлъи т1ок1аб, Гьенир нилъ рещт1ина Т!агьаясдалъун. Бет!ергьанас изну кьунаг1ан Х1абиб, Х1айранал рак1аца к1одо гьавила.
К1удияв цевехъан нижеда жеги, Дуда бащадаб жо бижун батич1о. Бичас дуе бараб бут1а бихьунин Т!адг1ан гьавула мун нижер рак1аца.
Бижунго дуниял дуй г1ололъидал, Г1орхъи гьеч1о нижер мун вокьиялъе. Жиндирго ц1аралда ц1ар хурхинабун, Халикъас вижидал Вижарасе рецц.
Рек1ел гьимиялде рек1ун санаъги, Аллаагь Дуе буго Ах!мад Вижарав. Жегиги Дуй санаъ сайид вижиялъ, Бижун щинаб рик1к1ун Дурго къудраталъ.
Нукът1абазде зобал руссун рик1к1араб, Расул вижиялъул жеги Дуе рецц. Ракьал заррабазде руссун рик1к1араб, Рецц Дуе Бет!ергьан Т!агьа вижиялъ.
Лъадал т1ири рик1к1ун т!адеги Дуй рецц, Рах1мат вижиялъул нижер бет!ерлъун. Дур т!адг1анлъиялда дандияб Дуй рецц, Веццарав Ах!мадил уммат нижлъидал.
Мунго щивлъун вугев лъалебищ Дуда?
Мух1аммад мун щивлъун лъалищ вугевлъи? Лъаг1ел чан т1убараб рак1алда бугищ? Балугълъун вугищ мун ялъуни гьеч1ищ? Бач1араб х1алалъе х1ехьей щиб бугеб?
Бихьиназул кьерда гьоркьов лъугьанищ? Щвараб ах1иялъе бугищ дур жаваб? Дудеги россилан юссани цояй, Цевесан ворч1унеб ч1аголъи бугищ ?
Лъимаца г!адинан цин кьезеги кьун, Цинги нахъе кьеян кьуркьудулищ мун? Кьураб бадиб бух1и гьабураб рехсей, Мехмехалъ борч1унищ г!анч1аб к1алдисан.
Г!адамасе нагагь гьабураб лъик!лъи, Лъидаго бицунищ берцин вихьизе. Ццин бахъараб къоялъ гьабурабщинаб, Щайзе гьабурабан бух1улищ т!ад рак1.
Т1омол хъал т1еренлъи т!ад пуни квачай, Квер т!ад лъейгин хинлъи хасият бугищ? Вохулищ реццалъ мун цо г1илла гьеч1еб? Г!айиб гьеч1елъ каки квеш бук1унищ Дуй?
Камилал чаг1азул х1акъикъаталда Х1алк1олищ рекъезе х1албихьиязулъ? Х1алихьатищ кколев игитищ вугев, Щибаб рахъ борцараб цо жаваб гьабе.
Балугъалде щванищ лъимерлъун вугищ? Лъалищ дур х1ал гьанже х1икматав инсан? Х1ажалъараб къоялъ къо х1ехьолевлъун, Вугищ мун ракьалда кьолевлъун жаваб?
Бегьилищ мугъч1вазе мунги чийилан? Чарлъулеб х1ал бугищ х1ал т!аде шведал?
2леб БУТ1А.
Щибали кьун цебе цинги рек1екълъи, Рак1алда жендолищ? Жибго те кьейго. Кьураб бадиб бух1и, гьабураб рехсей, Хасият батани, те гьеб лъик!лъиго.
Цоясе гьабураб лъик!лъи бицунищ? лъийго квербакъуге къан рач1гин вук1а! Рек1екълъулищ кинго квербакъиялда, Бегьуге гурх1алил х1ал кьейи лъийго.
Х1алк1оларищ ч1ч1езе цо х1ал ккун даим, Дуе рекъон буго халкъ тун ват1алъи. Халкъалъул рецц каки квеш лъик! бук1унищ? Рук1он балагье дуй гьездасан хассаб.
Халикъ тун бат1ияб халшал гьабулищ? Халкъалъги Бичасги тарав вуго мун. Мун х1евулищ кколев чармилищ вугев? Чанго суалалъе цо жаваб г1ела.
Цабиго хисич1еб лъимер ватани, Лъе сагула г1одоб годек1анго те. Сахаб г1амалалъул г1олохъан гьеч1ищ? Г1исин лъимазулъе васандизе а.
Гьаб кьураб ниг1маталъни,г1ей гьабуна щибалъе.
Г1ат1идаб т1ут1алдаса т1асан хъирщун кванарас, квандасан хьул буссиндал Бечед, Дуй рецц гьабула. Ризкъиялъ чехь бит1идал, т!аде чай жоги гьекъон, Гьеб киналъухъго Дуе данде санаъ гьабула.
Присоединяйтесь — мы покажем вам много интересного
Присоединяйтесь к ОК, чтобы подписаться на группу и комментировать публикации.
Нет комментариев