
Адильгерей, ваццако,салам буго дудеги , дур агьлу-хъизамалдеги! Агьлу-хъизан ккола нильги рокьарал нилъееги вокьулев, ай рак1алъ восулев бокьарав чи. Цадахъ ц1алулел рук1арал лъабабго классалъул кьерилазулъ ваццасде кинниги дир рак1 ц1алезул рик1к1ен ц1акъго мукъсанаб буго...
Амма, киг1анго нилъ доре -дорег1ан цоцадаса цере, дол соназ рук1аниги, дие бищунго г1агаразул кьерда вуго мун.
Цин-цин бук1унеб х1ажалъи нилъеца бицунеб раг1унев, раг1и абич1ого нилъеца бицунеб бич1ч1унев чиясулгун гара-ч1вариялде. Гьединавлъун ккола дие мун, ваццако. Баркала дуе мун вугелъухъ. Аллагьас рах1мат-ц1об чваххаги дуде. Гьабулеб бит1аги. Рек1ел мурад т1убайги! Васал-ясазда баракат лъеги.
Дун мунгун хабаралда йик1аго г1емераб сабру щвана диегоги.
Сайгъаталъе бит1ула нилъерго маг1арул кеч1.
Яццалъулаб АДАБГУН.