Вехьасул рокьи.Дие мун йокьана лъимер йик1адго,
Лълъадае ине мун г1ураб мехалда,
Мун к1удияй г1уна г1орлъун чвахана,
Г1аламалъе дуца берцинлъи кьуна.Дица дур хал ккуна халатал соназ,
Хисич1о сундухъго духъ ккараб рокьи,
Амма дуца дида санго гьабич1о,
Туснахъ гьабуна дир асирлъараб рак1.Мунги цее т1амун Ц1ерт1а маг1арда,
Чамги ц1орона дун ц1аниги рилун,
Мунги рак1алде щун Щобда къайида,
Къваридго кьижана кьаг1рида къвал бан.Дица абиларо мун моц1 йигилан,
Амма сардилъ дие г1ола дур канлъи,
Дица абиларо мун бакъ йигилан,
Амма дун хинлъула духъги валагьун.Г1умар~нуцал Г1умаханов, Силди