Цо пуланай гІадан яхъун йиго рекІелгъеялъе къватІие. Ясалъул вас вукІун вуго мугъалда ваччун, васасул вас вукІун вуго, кверги ккун, цадахъ. Лъималазул гІадаталда, васасул васас кІудияй эбелалда абулеб букІун буго: «Доб чуги нилъер, доб бечеги нилъер, дол хъазалги нилъер!» – ан. Ясалъул васас абулеб букІун буго: «Доб чуги нижер, доб бечеги нижер, дол хъазалги нижер!» – ан. КІудияй эбелалъ жинцаго жиндаго абун буго: «Дица гьабулеб жого щиб? Нилъеран абулев рукъалъул вас квер ккун вачунев вуго, нижеран абулев чияр вас ваччун вуго!». ГьебсагIаталда кIудияй эбелалъ васасул вас ваччун вуго, ясалъул вас мугъалдаса рещтIинавун вуго.
  • Класс
ЦlИЯБ СОНАЛЪУЛ МАХСАРАБИ Заман щвелалдего щвараб «сайгъат» МугIрузул районалъул пуланаб росдал къотIносан унел рукIарал кIиго гьоболасда рихьун руго хасалиде ракъвазаризе тIохда рарал цIурал бакьал. - Мун ваха нилъеего бакьал рикъизе, дица чи вачIунев вугищали халкквелин, - ан абула цояс. Гьенивеги вахун, гьел гьениса рахъулаго, вачIун тIаде щола полициялъулав. - Мун гьанив щай чIарав? - ян гьикъула гьес «атасалда» чIарасда. Халккун вукIарас, бакьал рикъизе вахаравги вихьизавун, абула: - ЦIияб соналде мокъида сайгъатал ралел руго, - ян. - Щай нужеца гьел гьанжего ралел ругел? Жеги цIияб сон щвезе гIезегIан заман бугогури? Нижеда ккун букIанаха гьел гьанжего ран лъикIинги абу
  • Класс
ЦlИЯБ СОНАЛЪУЛ МАХСАРАБИ Почалъул «цIогьал» Росдал почалде бачIараб гьитIинай ясалъул кагъат цIалула гьенир хIалтIулез. Гьениб хъван букIуна: - ВорчIами, хIурматияв ЦIорол дада! Хъвалеб буго духъе Мадинаца. Дун йиго квачараб ракьалда, кватIичIого тIаде щолеб буго ЦIияб сон. Дир гьечIо хинаб пальто, квердахелал, тIагъур ва валенкаби. Дица гьарула ЦIияб соналде дие гьел сайгъатал щвезаре, - ян. Ясалда ракI бухIарал почалъул хIалтIухъабаз, кIварас кIварабги бакIарун, квердахелал хутIизегIан, гьел росизе гIарац гIечIого, посылка битIула ясалъе, «ЦIорол дадайин» абун гъоркь цIарги хъвала. Заманго иналде цоги кагъат бачIуна гьейго ясалъул цIаралда. Гьелда хъван батула гьадин: - ХIурмати
Аудио от @mukhammadaziz555
Жий школалде иней йигин жание инищали лъаларин абунила т1оцебесеб классалъул ц1алдохъаналъ
  • Класс
Холодильникалъуб лъун бук1араб к1иябго мороженое кванан батун бугила ясалъ. Эбелалъе тараб щай кванарабилан рагъараб мехалъ ясалъ абунила: "Гъоб жибго цох1о хут1улеб бук1анилан* -ян.
  • Класс
Показать ещё